Рейтинг: 0
Исполнитель: Магомедтамир Синдиков
Название песни: Берцинай гIадан
Дата добавления: 2015-12-11
Текст просмотрен: 1004
Цо берцинай гIадан херлъулеб мехалъ
Хаслихълъи щвелалде хер тIогьиллъула
ЧIегIерал гъалазда гъалай хвалелъул
ХъахIаб махи гъотол тIинкIула магIу
Меседил расазда саву кколелъул
Сардида рецула гьал рицци гъутIби
Пикрабаз ятила берцинай гIадан
ГьадигIанго хехго херлъулей йигей
Хиялаз батила гьайбатаб лага
ГьадигIанго хехго чучулеб бугеб
Чанги гIолиханас анищ гьабураб
ГIищкъудал бакъ буго хьухьикье кколеб
Хьухьарал сарзазда нур базабураб
Балайдул моц буго тIаса бекулеб
Кинан батаниги нуж гIолохъаби
Хехлъуге херайин гьалда абизе
Хириял гIололилав кIвар гьабичIого
КIодойилан гьелъул рекIелъ хIунсуге